МагъчIваялъе рес

Ункъиде бикьараб Дагъистан


Дагъистаналъул президент ГIабдулатIипов Рамазаница, республика ункъо бутIаялде, ай округалде бикьизе бугин ва щибаб бутIаялда жавабиявги тезе вугин лъазабуралдаса нахъе, гьеб хIукмуялда тIасан гьарулел бахIсал гьоркьор къотIулел гьечIо. ПолитикачагIигун экспертал ва гIадатиял гIадамал гьеб хIукму цIадирабазда лъолел ругебгIан заманалда, республикаялъул нухмалъулес лъазабуна централияб округалда президентасул жавабияв вакиллъун тезе рес бугин Зайналов Шамил. Гьедин лъазабуна перзидентасул пресс-хъулухъалъ.

67 сонил ригьалде вахарав Зайналов, 2006-2010-абилел соназ хIалтIана Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулевлъун.

Гьелде щвезегIан, гьев вукIана Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул Федерациялъул Советалда вугев вакиллъун.

ГьабсагIат гьев ккола Халкъияб Мажлисалъул депутат, «Цолъараб Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул гIахьалчи.

"Дица гьесулгун гара-чIвари гьабуна. Шамил вуго гIезегIан хIалбихьиги бугев, машгьурав чи. Гьесул гIахьаллъигун дандбана чанго суал, гьездаго гьоркьоб ракьалда хурхарабги.

Щибаб итни къоялъ дица дихъего ахIула хIукуматалъул, парламенталъул ва администрациялъул нухмалъулел. Гьединал данделъабазда гIахьаллъи гьабизе буго ункъабго бутIаялда тарал президентасул вакилзабазги.

Ва гьелги рукIине руго хIалбихьи бугел чагIи», - ян бицана Дагъистаналъул президентас.

Дагъистан ункъо бутIаялдеги бикьун, щибаб бутIаялда жавабияв теялъул хIукму загьир гьабулелъул, ГIабдулатIиповас лъазабун букIана гьеб иш гIумруялде бахъинабиялда тIад бюджеталдаса цо копеек харж гьабизе гьечIин. Жавабияллъун таразулги букIине бугила вице-премьеразул ва министрзабазулго гIадаб статус.

Гьезул аслияб масъалалъунги кколила щибаб муниципалитеталда лъугьа-бахъунелъул баян кьей. Мухъазул нухмалъулезухъа гьединаб баян щолеб гьечIолъиялъ санагIат гьечIеб хIалалде кколел ругила.

ГIурусаз абула гIанкIудал тIанчIи хаслихъе рикIкIине тейилан. Гьелъухъего, щибаб бутIаялда толел жавабиязул хIалтIуе къимат заманалдасан кьезеги тун, рачIаха централияблъун рикIкIунеб бутIаялда президентас жавабиявлъун толев вугев Зайналовасул хIакъалъулъ, жамгIияв хIаракатчи, коммунистазул партиялъул гIахьалчи Лабазанов ГIабдулвахIидил пикруялъухъ гIенеккизе.

Гьаниб ракIалде щвезабун абила, Зайналов тасдикъ гьавуни, гьес жаваб кьезе бугеб централияб бутIаялде гьоркьоре уна Хъумторхъала, Сергохъала, Карабудахкент, Буйнакск, Гъаякент, Гъизилюрт районал ва МахIачхъала, Каспийск, Избербаш, Буйнакск ва Гъизилюрт шагьарал.
Лабазанов ГIабдулвахIид: «Шамил Зайналов вуго гIезегIан хIалбихьи бугев, промышленностьги лъалев, кIудияб заводалъул директорлъунги, Гъизилюрт шагьаралъул бетIерлъунги хIалтIарав, хIукуматалъул нухмалъулевлъунги вукIарав чи.

Кинабго рахъ лъалев чи вуго гьев. Гьесулго пайда букIинин ккола, гIолохъанав, расги лъаларев, рагIичIев чи тIамиялдаса».

Амма кIвезе бугищ Зайналовасухъа жиндаго тIадкъараб округалда ругелщинал шагьаразулгун районазул нухмалъулезул хIалтIуе битIараб къимат кьезе ва гьеб президентасухъе щвезабизеян бицана журналист ХIасанов Темирханица.

ХIасанов Темирхан: «Дагъистаналда цоцазда лъаларел ва лъикIал гьоркьорлъаби гьечIел хIакимзаби рукIунарелъул, муниципалитетазул нухмалъулезул цо-цо гъалатIазде бералги къанщун валагьиладай гьев ва округазда тарал цогидалги жавабиял? Берал къанщун хIалтIи гьабулеб бугони, хIакъаб жо буго, «добго хуриб довго Муса» вукIине вугеблъи».

Дагъистаналъул президентасул указалда рекъонини абуни, республика бикьана централияб, северияб, югалъулаб ва мугIрузулаб округалде.

Северияб округалде гьоркьоре уна Бабаюрт, Гъизляр, ЦIияб Лак, Казбек, Нугъай, Хасавюрт ва Тарумовка районал, гьединго, Хасавюрт, Гъизляр, Сухокумск шагьарал. Югалъулаб округалде гъорлъе рачана Дербент, Догъузпара, Агул, Ахти, Дахадаев, Хъайтагъ, Курах, МухIарамкент, Рутул, Табасаран, Сулейман-Стальск, Хив районал ва Дагъистаналъул Огни, Дербент шагьарал. МугIрузулаб округ – ГIахъуша, ГIахьвахъ, Болъихъ, Хьаргаби, Гумбет, Гъуниб, Кули, Лак, Лаваша, ЛъаратIа, Унсоколо, Хунзахъ, ЦIумада, ЦIунтIа (БежтIа участокгун цадахъ), ЧIарада ва Шамил районал.

Дагъистаналъул президентасул пресс-хъулухъалда бицухъе, щибаб округалда тезесев вакил жеги тасдикъ гьавун рагIуларо, гьеб иш гьабулеб бугила «анкьцIул борцунин» абухъе.
XS
SM
MD
LG