МагъчIваялъе рес

Огьо-гьой бачине ккечIониха


Hemp plantation in Dagestan
Hemp plantation in Dagestan

Россиялда габани бекьизе гьукъун букIана ва гьеб бекьарал тамихIалдеги цIалаан. Гьанжейин абуни хабар буго габани бекьизе изну кьуни, росдал магIишаталда рухI речIчIизе бугин ва габанидул киналго сортал гурин наркотик гьабиялъе рекъон ккарал ругелилан.

ХIакъикъаталдайин абуни, тIоцебе гьединаб пикру загьир гьабун букIана наркотикал тIиритIизариялде данде къеркьолеб ва гьезда хадуб хъаравуллъи кколеб федералияб хъулухъалъул нухмалъулев Виктор Ивановас.

Гьесул рагIабазда рекъон, росдал магIишаталда рухI речIчIизабиялъул мурадалда, цIакъго дагьаб къадар гурони наркотикалъул гъорлъ гьечIеб сорт гIезабиялъ ва бекьиялъ улкаялъул экономикаялъе пайда кьезе рагIула.

Журналист ХIасанов Темирханица бицухъе, гьеб батIаго бегьулареб иш рагIуларо, хIатта росдал магIишаталъе пайда кколебги бугони.

Амма квеш ккараб жо бугила нилъер улкаялда, кинаб бутIа босаниги, хиса-басиял гьарулелъул хIасил пашманаб кколеб букIин.

ХIасанов Темирхан: «Масала, гьекъолеб жоялде данде рагъ базелъуниланги абун, тIагIинабуна цIибил. ХIасил щибха ккараб? Росдал магIишаталъе зарал ккей гуребги, гьекъолдухъабазул къадарги, щаялиго, дагьлъичIо. Гьелъул гIаксалда, гьел тIадеги гIемерлъана.

Щай бегьулеб букIинчIеб цIолбол сок гьабизе. Гьедин гьабулеб букIарабани жакъа нилъеца къватIисел улкабаздаса гьеб босизе ккелароан».

ХIасанов Темирханица бицухъе, гьединабго «пайда» кьунин абизе бегьула лъай кьеялъул бутIаялда гьарурал ва гьарулел ругел хиса-басияз.

ЕГЭ абулеб жо баккидал коррупция, щаялиго, дагьлъичIо, тIадегIанал цIалул идарабаздаса гьеб мактабазде гочин гурони хисараб жо щибго ккечIо.

Гьединаб куцалда гьарулел реформабаз кьурал хIасилазул жеги рехсей гьабизе бегьила, амма гьеб гуро аслияб иш. Аслияб иш буго нилъер улкаялда, щиб хIалтIи гьабизе байбихьаниги, анкьцIул борцинчIого, бачIинахъего къотIун рехулеб букIин.

РачIаха хал гьабизин наркотикал тIиритIизариялде данде къеркьолеб ва гьезда хадуб халкколеб федералияб хъулухъалъул бетIерас щиб абулеб бугебали.

Гьес лъазабуна: «Россия ккола цIакъго дагьаб гурони наркотикалъул къадар жинда гъорлъ гьечIеб 20-ялдасаги цIикIкIун сорт габанидул гIезабизе рес бугеб улка». Гьес абулеб бугоха «наркотикалъул къадар цIакъго дагьаб» сорталилан.

Гьелъул магIна кколаха, кинаб къадар батаниги, наркотик гъорлъ бугин абураб. Наркотиказде данде къеркьолеб Дагъистаналда бугеб хъулухъалдайин абуни бицана, гьединаб хабар букIин гуреб, гьеб рахъалъ жеги чIванкъотIараб хIукму гьечIин ва гьединаб хIукму гьечIебгIан заманалда гьелъие къимат кьезе лъугьинги гIададисеб иш бугин.

ХIасанов Темирхан: «Гьеб кьучI бугеб яги гьечIеб хабар батаниги, лъида абизе кIолеб дагьабго къадар гурони гъорлъ гьечIеб наркотик бахъизе рес бугеб габанидул хурзабахъ, цIикIкIун къадар гъорлъ бугебги бекьиларин.

ХIакъаб жо, балъго-гIатIго гьеб бекьизе буго. Гьелъул хIасилалда наркотиказде данде къеркьолез гьединал «рекьарухъаби» кквела ва гьелдалъун гьабулеб хIалтIул хIисаб кьолелъул рехсолел тарихазул къадарги цIикIкIина.

ПалхIасил, наркотиказде данде къеркьолез хIалтIи гьабулеб букIин бихьила. Гьелдалъун кIиязего, ай наркоконтролалъулазеги росдал магIишат цебетIезабулезеги хайирги, цIарги, реццги щвела».

Гьаниб бачIунеб буго гьадинаб суал: щай хас гьабун габани гIезабизе кколеб? Щай бегьулареб росдал магIишаталъул цогидаб нигIмат гIезабиялде кIвар кьезе?

Габани гуреб цогидаб бокьараб нигIмат гIезабизе Россиялда кигIан бокьаниги ракьалги шартIалги руго.

Масала, Россиялъул гIатIидал авлахъазда хIалтIулел китаялъулазухъа бажарулеб буго лъагIалида жаниб кIиго нухалда помидоразулгун охцеразул бачIин бакIарулеб хIал букIинабизе.

Гьедин гьабизе ресги букIаго, гIажаиблъи гьечIищ габани бекьизе кколин лъазаби.

Лъалеб жо буго промышленносталъе пайдаяб жо габани букIин. Гьелъул кумекалдалъун гьабула ххам, тункIил хер ва гIемераб цогидабги. ХIатта долларал гьариялъецин пайда босулеб буго габанидул гьабураб кагътидаса.

Амма гIемерисезда гуро лъалеб, росдал магIишаталъе пайдаяб габани бекьизе щай гьукъун букIарабали. Абула гьеб гьукъиялъе сабаблъун кканин химиялъул кумекалдалъун къайи къватIибе биччалел чIахIиял компанияби.

Гьез жидерго ххамги цогидаб къайиги бичун иналъул мурадалда, хIукуматалде тIадецуйги гьабун гьукъизабун букIанин габани бекьи ва гьеб гIезаби.

Рехсола цогидал гIиллабиги, амма гьезда гьоркьоб рехсоларо гьеб гьукъиялъе гIилла букIанин наркотикал гьарулел рукIин.

Гьайгьай, жиндир заманалда Никита Хрущевас Россиялъул ракьазул цIикIкIарасеб къадаралда цIоросаролъ бекьизе ккелин абулеб гIадинаб магIна габани бекьизе кколин абиялда гъорлъ батичIого букIинеги бегьула.

БатIаго гьеб нигIматги киса-кибгоги бекьиларо. Амма бекьулелда ва гьелъул производство цебетIезабиялда хадуб кьварараб хъаравуллъи букIине кколеблъи хIакъаб буго.

Гьедин гьабичIони, росдал магIишаталда рухI речIчIизабулебиланги абун, улкаялъул халкъалъего хIинкъи цIикIкIунеб бугони, ай наркоманалги гIемерлъун, гьеб мехалда огьо-гьой бачине ккезеги рес буго.

Тарихал ва хIужаби
Гьаб ахираб анцIго соналда жаниб балугълъиялде рахинчIел гIолилал-наркоманазул къадар цIикIкIун буго 24,3 нухалъ.

Россиялда наркотикал хIалтIизарулел руго 4 млн. чияс.

Интерполалъул баяназда рекъон, наркотиказул бизнес гьабулезе лъагIалида жаниб щолеб буго 500-800 млрд доллар.

РФялъул МВДялъул баяназда рекъон, наркотикал сабаблъун гьарулел такъсиразул къадар, ахираб анцIго соналда жаниб, тIаде цIикIкIун буго 14 проценталъ.

Щибаб лъагIалида жаниб наркотикал хIалтIизариялдалъун Россиялда холев вуго 70-100 азарго чи.
XS
SM
MD
LG