МагъчIваялъе рес

Туркменистаналда талихIалъул эраищ байбихьараб?


Туркменистаналъул Туркменабад шагьар. Лъидаго бачIеблъиялъул къо кIодо гьабиялде хIадурлъи. 2013 соналъул 15 Октябрь.
Туркменистаналъул Туркменабад шагьар. Лъидаго бачIеблъиялъул къо кIодо гьабиялде хIадурлъи. 2013 соналъул 15 Октябрь.

БатIи-батIиял рохалилал тадбиразде халкъ хIалица бакIкIаризабулел улкаби гьедегIан гIемер гьечIо дунялалда. Туркменистан ккола гьединазул цояблъун.

Щибаб моцIалъ аза-азар чияс стадионазда ва майданазда кIодо гьабулеб буго жиндир гIагараб ватIангир цевехъан Гурбангъулы БердымухIамадовги.

Официалияб календаралда рекъон Туркменистаналда гIаммаб къадаралда 24 миллияб байрам буго.

Буго маданияталъул хIалтIухъаназда тIабалъун кколеб «Туркмен пастIан» абулеб байрамги щибаб росалъ ва шагьаралда тIобитIизе кколеб «Мадугьаллъиялъул байрамги».

Аслияб къагIидаялда гьединал къоял кIодо гьарулел руго студентазги пачалихъиял хъулухъчагIазги.
ГIадатияв туркменав Арсланица гьадин бицунеб буго:

Арслан: «Ахирисеб 7-8 соналда жаниб гьединал байрамазул къадар цIикIкIун букIиналъ пачалихъиял хъулухъазда ругел гIадамазе заман гIолеб гьечIо хIухь бахъизе. Мисалалъе, гIодор къоязда тIоритIула президентгун батIи-батIиял дандчIваял.

Радал сагIат анлъгояласа байбихьун къаси сагIат анцIила цо тIубазегIан. Гьава-бакъалъухъ балагьичIого щивасда тIадаб буго гIахьаллъизе.

Гьединлъидал тIахьал цIализе ялъуни жиндирго напсияб ихтилат-кепалда вукIине заман гIолеб гьечIо инсанасе».

Гьел официалиял тадбиразда гIахьаллъизе кколел гIадамал тIаса рищула хасаб комиссиялъ. Инсан жахIавго тезе цохIого цо рес буго – унти. Гьебги тохтурзабаз дурус гьабуни.

Тадбир байбихьизегIан цо чанго анкьида жаниб халат бахъунеб буго къойидаса къойиде такрарлъулеб репетиция.

ГIадамал ругьунлъулел руго галаби тIамизе, игIланал ахIизе, кьурдизе ва цогидал релъарал ишал гьаризе.

Гьединал репетициял тIоритIулеб мехалда лъим гурони тIокIаб квен-тIехь гьукъун буго гIадамазе. Хумай абурав цо студентас гьадинаб мухIканлъи кьолеб буго:

Хумай: «Дица чанги гьадинал тадбиразда гIахьаллъи гьабуна. БитIараб абуни – гьел руго чIобогоял ишал. Лъиениги бокьун гьечIо гьезулъ гIахьаллъизе.

Масала 27 октябрялда лъидаго бачIеблъиялъул къо кIодо гьабизегIан чанго къоялда жанир къватIахъ заман бана нижеца. Квачги, ракъиги хIехьолаго».

Ризго гIадамаз ретIула гьава-бакъалде данде кколареб ретIел. Руччаби къиндал тIамула риидалил миллиял гурдал ретIизе, риидалийн абуни бихьиназ ретIула хасалил ретIел. Гьелдаса нахъе бигьаго унтизе бегьула.

Гьадин бугониги камеразухъ ралагьун гIадамал хIалица гьимула жидерго гьересияб талихI бихьизаби мурадалда. Гьадин абулеб буго Хумай абурав цо туркменас.

Гьединал рохалилал тадбирал ургун рукIана цевесев президент Сапармурад Ниязовасул заманалда. Гьелдалъун гьес жиндимрго къадру-къимат цIикIкIинабулеб букIана.

Аммаила, абулеб буго нижер радиоялъул мухбирзабаз, гьанжесев президент Гурбангъулы БердымухIамадовасги жеги цIикIкIун тIоритIула гьединал байрамал.

2012 соналда пачалихъияб прессалъ лъазабуна Туркменистаналда байбихьанин тIадегIанаб талихIалъул эра.

Баян гьабулеб буго Лондоналда бугеб Централияб Азиялъул институталъул эксперт Джон Макклоудица:

Джон Макклоуд: «Доба буго гьадинаб низам. Рохел, талихI цебетIей ва икъбалал рихьизарулеб куц букIине ккола даимго. Ва гьелъие гIоло хIажатаб буго политикияб тIадецуй.

Нилъеда гьединаб иш бихьана Сталинил замналада. Гьадинабго ахIвал-хIал буго Шималияб Кореялдаги. Ва нилъеда лъала Румыниялъул бетIер Николае Чаушескул ахир».
XS
SM
MD
LG