МагъчIваялъе рес

«Ссунареб рокьул кечI»


30 августалда Авартеатралда гьоркьоб лъун букIана «Ссунареб рокьул кечI» абураб музыкалияб композиция.

Гьеб лъун буго режиссер ХIайбула ГIабдулгъапуровас. Гьанжеялдаса кIиго моцIалъ цебе гьесие гьеб пикру кьуна республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьенив аслияб куцалда вихьизавун вуго Дагъистаналъул халкъияв шагIир ХIамзатил Расул.

Гьев гьавуралдаса 90 сон тIубаялде Авартеатралъ бихьизабизе буго гьеб композиция. Гьелъ гъорлъе вачун вуго Расул гуревги, гьесул эбел-эменги, гьудул-гьалмагълъиги, тарихалда лъалкI тарал машгьурал магIарулалги – имам Шамиль, Ругъжаса Эльдарилав, ХъахIаб росулъа МахIмуд, Гьидалъа Хочбар…

ХIайбула ГIабдулгъапуров: «Гьаб жанр буго дицаго байбихьараб. Гуржиязул школа ккола гьеб. ТIоцебе Шурагьиб бихьизабуна дица гьединаб композиция «Балагьалъул гъамас» абун, хадуб – «Дир Дагъистан», «РекIелъ бакараб цIа».

ЭР: «Артистазе захIмалъулеб бугищ гьеб хIазе?»

ХIайбула ГIабдулгъапуров: «Бицун хIалкIоларо гьелъул. Гьанив къваригIуна актер – кьурдулев, кечI ахIулев, лъай бугев. Циркач гIадав чи къваригIуна. Гьединго гьаб хIадурун кьураб сценарий кколарелъул, щиб киса босилебали лъаларо хутIула – вуго Расулги гьесул творчествоги. Гьанже гьев киназго веццулев вуго, веццулев вуго. Амма кигIан чIикIанагIан гьоцIоги цIекIлъулин абула.

Гьединлъидал батIияб рахъ бихьизабизе хIисабалде босун буго, масала, гьесул гIаданлъиялъул рахъ, гьесул гIумруги, гьев вукIараб заманги».
Расулил роль хIала машгьурав актер ХIусен Казиевас.

Гьелда бан жиндирги гьесулги гIезегIан кIалъайги кколин бицана режиссерас. Амма роль балъаргъине бегьуларила, чи гьеб ролалда гъорлъ вукIине кколин.

ХIайбула ГIабдулгъапуров: «Ракьалъул чи вукIинчIо гъов. РагIаби гIолароан гъосие, гьава гIолароан. Заманаялъ гьавурав чи вукIана гъов».
ХIайбула ГIабдулгъапуровас абухъе, цохIо «Ссунареб рокьул кечI» абураб композициялдалъун лъугIизе тезе кколаро Расулил тема.

ХIайбула ГIабдулгъапуров: «ЛъугIи гьечIеб букIине ккола гьасул тема – хадуб босе рокьул, эбелалъул, инсул, гьудуллъиялъул темаби. КигIан бокьаниги темаби нахъе тана гьес».

30 августалда Авартеатралда гьеб композициялда тIасан пикраби загьир гьаризе рачIарал культураялъул вакилзабаз абуна цо-цо сценаби ругин цIакъго халалъизарурал, цо-цоязде кIварго кьун гьечIин.

Масала, имам Шамилилги гьес аманаталъе кьурав вас Жамалудинилги сценаялъ асар гьабулеб гьечIин. Цоцадаса тIунги рукIун, цIидасан рихьараб мехалда инсудаги васасдаги гьоркьоб рекIел хинлъи загьирлъичIин.

Гьединго ХIамзатил Расулихъе гьоболлъухъ вачIарав АбутIалиб гIицIго гьекъолдизе вачIарав чи гIадин вихьулев вугин. Расулицайин абуни «Дир Дагъистаналда» гьесул гъварилъи бихьизабулеб буго.
XS
SM
MD
LG