МагъчIваялъе рес

Кавказалъулаз «ккурал» Москваялъул университетал


Москваялъул университетазда бюджеталъулал бакIал кавказалдаса абитуриентазе кьолел ругин ахIи балеб буго цо-цо интернет-сайтаз. Гьениб хъвалеб буго москваялъулал хIинкъун ругин пачалихъияб экзаменалда баллалги гIарцухъ росун Кавказалдаса абитуриентал университетаз кIалъай гьечIого цIализе Росиялдаса.

Гьал къоязда вузаз цIализе росарал абитуриентазул сияхIал загьир гьаруна. Журналистаз гьел сияхIазул хал-шал гьабуна.

Мисалалъе, «Комсомольская правда» газеталъ хъвалеб буго кавказалдаса абитуриентазул цIарал гIемер ратизе бегьулин цо-цо университетазда.

Дагъистаналдаса абитуриентал гIемер ратун руго Москваялъул пачалияхъияб баязул хIалтIабазул университеталда.

Гьеб ВУЗалъ цIализе росарал кавказалъулазул гьедигIан кIудиял баллал гьечIо батIаго, гьединалго баллал руго гIурусазулгиилан хъвалеб буго газеталъ.

Финансазул университеталъул ректор Михаил Эскиндаровас абуна журналистазе жидер вузалде цIализе росанин Кавказалдаса абитуриентал, цогидаздаса къурал баллалги гьезул рукIинчIин.

«Амма цохIо кавказалъулал гурони вузалда цIалулел ругин абизе бегьуларо. Россиялъул цогидал регионаздасаги гIемер студентал руго вузалда», - илан абуна Эскинадаровас.

Гьесул рагIабазда рекъон, пачалихъияб экзаменалда баллал гIарцухъ росун ратазеги бегьула кавказалдаса студентаз, амма гьезул лъаялъул хIал лъазе буго тIоцебесеб сессиялда.

Гьеб сессиялда экзаменалгун зачетал кьечIел студентал нахъе гъола вузалдаса.

Техническиял вузаздани Кавказалдаса абитуриентазул цIарал къанагIат гурони ратулароилан хъвалеб буго «Коммерсант» газеталъ.

Газеталъ хъваралда рекъон, гIарцухъ росарал баллалгун Физикияб институталда ва Бауманил цIаралдалъун бугеб университеталда цIализе лъугьине пайда гьечIо.

Гьел вузазда балагьуларо дур гIарцуда, эбел-инсуда, цохIо лъаялъул гурони къимат гьабуларо гьениб.

Амма Нарталъулгун газалъул Губкинил цIаралдалъун бугеб университеталда руго цIалулел кавказалдаса студентал. Журналистаз лъазабун буго гьеб вузалда Чечнялдаса ва Ингушетиялдаса абитуриентал росулин регионалиял квотабаздалъун.

Гьезул цIалиялъухъ гIарац кьола яги республикаялъ, яги мухIканаб компаниялъ. Котракталда рекъон, университет лъугьун хадуб гьел студентал тIадруссине ккола республикаялде гьенире хIалтIизе.

Амма гIемерисел Москваялда чIола, щай абуни контракт хвезабурал студентазе тамихI гьабуларо лъицаниги.

Медикиял вузаздаги руго Кавказалдаса гIемер студенталилан хъвалеб буго «Инфокс» агентствоялъ. Гьенирги цIализе росула квотабаздалъун. Амма щай рокъоре тIадруссунарел университетал лъугьарал?

«Инфокс» агентствоялъ хъваралд рекъон, гьеб захIматаб суалалъе кьезе бегьула бигьаяб жаваб: Москваялда харж цIикIкIун щола лъикIал специалистазе.

Гьелдалъун гIемерисел студентазе бокьуларо тIадруссине жидерго республикабазде.

Дагъистаналда абитуриентазе цIализе лъугьине бищун бокьараб вуз кинаб бугебали лъазе бегьула пачалихъияб экзаменалъул хIасилазул хIисаб гьабуни.

Дагъистаналъул цIалдолез исана бищун лъикI кьун руго биологиялъул ва химиялъул экзаменал. Гьел экзаменал къваригIуна медикияб вузалде цIализе лъугьунеб мехалда.

Дагъистаналъул лъайкьеялъул министр Артур ТIалхIатовасул рагIабазде рекъон, исана лъикIал хIасилал цIалдолезул рукIана биологиягун химиялъул экзаменазул гурелги, лъикIал баллал рукIана математикаялъул ва тарихалъул экзаменазулги.

Гъоркьисала рукIарал хIасилалгун исанасел хIасилал дандеккурал мехалда бичIана исана гьел экзаменазда рекордал оъун ругеблъи цIалдолез.

Министрас абуралда рекъон, киналго экзаменазул хIасилазул халгьабуна. Мисалалъе, биологиялъул экзаменалъул кIиазарго чиясул хIалтIи хал-шал гьабуна. Гьел хIалтIабаздаса 600 хIалтIи нахъе чIвана, щайгурелъул гьенире ратана интернеталдаса хъварал жавабал.

Гьанибго ракIалде щвезабила Росссиялъул лъайкьеялда хадуб хал кколеб идараялъ лъазабуна пачалихъиял экзаменазда исана тIолгоулкаялда 863 биххизаби батанин, гьезда гьоркьосан 336 биххизаби Шималияб Кавказалда батун буго.

Москваялъу финансазул вузалъул ректор Михаил Эскинадровасул рагIабазда рекъон, Кавказалдаса студентазда дандечIарал чагIи рукIинароан, гьел студентазул тIаса ккараб рукIа-рахъин букIинчIебани.

Гьесул рагIаби уял ругин абулеб буго Москваялда цIалулел ругел Кавказалдаса цо-цо студентазги. Гьезул рагIабазда рекъон, гIемерисел Москваялда цIализе рачIунел гьечIо, кеп-хочалъе гурони.

Финансазул университеталда цIалулев вугев ЦIумада мухъалдаса Шамил ГIалибеговас абуна «Эркенлъиялъе», Кавказалдаса студента Москваялде кеп-хочалъе рачIунин.

Шамил ГIалибегов: «Кинабго цадахъ бачине захIматго букIуна. ЦIалиги, хIалтIиги, ихтилат-кепги. Гьезда гьоркьосан цояб бищизе ккола. Лъаларо щай, Кавказалдаса студентаз бищулеб буго ихтилат-кеп.

Гьелда масъалаилан абичIого чIезе бегьилаан, амма нилъераздо лъаларо гIорхъолъа рорчIичIого кеп-хочалда рукIине. Нормалияб къагIидаялда хIухь бахъине гьезда лъаларо».

Москваялъул маданияталъул инистуталъул студент Анвар Исаевас бицана «Эркенлъи» радияолъе кавказиял рокьунгутIизе гIилла бугин гIурусазул.

Анвар Исаев: «Дидаго бихьула кавказулъулазул рукIа-рахъин кинаб букIунеб Москваялда. ГIадамал гIемер ругел бакIалда гIагIадун релъанхъула, миллияб музыка бичала, гьаракь борхун жидерго мацIалда кIалъала.

Долго гIурусазул гьединаб рукIа-рахъин Дагъистаналда букIарабани, гьездехун нилъеразулги бербалагьи гьездехун лъикIаб букIунароан.

Гьанире цIализе рачIаразда кIоченеб буго жиндирго халкъалъул вакил вугеблъи. Гьеб мекъабги батила, амма халкъалъе къимат кьола цо чиясул вукIа-вахъиналдаса».

Исаевас абуралда рекъон, цIализе бокьарасе ва лъай бугесе Москваялда чанги нуцIа рагьун букIуна, амма лъаялда хадур рачIунезул къадар дагьаб буго.
XS
SM
MD
LG