МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар. 8-13 Апрель


Республикаялъул нухмалъулевлъун вищизе рес бугел дагъистаниязул сияхIалда тIасан гIемер хабар кканин блогаздаги, фейсбукалдаги, цогидал сетаздагиян абизе бегьула гьаб анкьалда.

Гьелда бан цIалдолез гьаркьал кьезелъун "Черновик" газеталъ гIуцIараб сияхIги буго. Гьениб кьун буго анцIго чиясул цIар. Масала, гьабсагIаталда Дагъистаналъе нухмалъи гьабулев Рамазан ГIабдулатIиповги, магнат Зиявудинил вац МухIамад МухIамадовги, гьединавго магнат Сулейман Керимовги, Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиевги, МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амировги, Хъумторхъала мухъалъул нухмалъулев Руслан Тотурбиевги, цогидалги.

Гьеб сияхIалда гъоркь цояс хъвалеб буго гьенив рехсолев цониги чи данде кколарин Дагъистаналъул нухмалъуда вукIине. Щайин абуни гьел ругин цого командаялдаса чагIи. Цебесеб, ришватчилъиялъулъ гъанкъараб тIалъиялъул цониги чиясул квергицин босичIев, вацIцIадав, гIадатияв чи къваригIун вугин гьенив вукIине.

Блогераз хъвалеб буго щибаб пачалихъияб идараялда тIадчагIаз рада-радал хIалтIуде рачIанщинахъе гIадамазда гьикъулеб рагIулин нужеца смс битIарабищилан. Гьелъул магIна кколин тIадчагIаз хIалтIухъаби Рамазан ГIабдулатIиповасе гьаракь кьун газеталде смс битIизе тIамулел рукIин.

Гьелъие жаваб живго ГIабдулатIиповас кьолеб буго Instagram-алдасан:

"Дагъистаналда байбихьун буго СМС рейтингазул компания. Цо-цо чагIаз гIарацги кьун, жидеего бадибе рецц гьабизе гIадамал тIамулел рейтингалин цIар лъун буго дагъистанияз гьезда. Дун гьезда гIахьаллъуларо, гIахьаллъизе бокьунги гьечIо.

Дун хIалтIула дирго рейтингалъе гIоло гурев, Дагъистаналъулги дагъистаниязулги рейтингалъе гIоло. Рейтингалда щвараб бакIалъухъ балагьичIого къватIир чIвазарила нилъеца гьалщинал соназ Дагъистан бикъа-хъамулел рукIарал чагIи. Дихъе хъванги ахIунги бачIунеб буго цIалул идарабазда, предприятиязда смс-сал ритIизе тIамулел ругин цо хасал чагIазул рахъги ккунилан.

Дун гьединал жалазда тIадрекъоларо. Лъида кигIан цIайи бугебали дагъистаниязда лъала. Абухъе, гьале дида лъазабуна халкъалъ божилъи гьабиялъул рахъалъ Шималияб Кавказалъул республикабазул нухмалъулезда гъорлъ дун тIоцебесеб бакIалда вугилан".
Гьаб анкьалда интернеталдасан гIемер бицана МахIачхъалаялдаса Москваялде роржен хиралъиялъулги.

Цо кIиго моцIица цебегицин авиабелтил багьа 3500 - 4 000 гъурущ букIана.

МоцIалъ церегицин гьел 4-5 азарго гъурщиде росизе бегьулел рукIарал ратани, гьанже 10-13 азарго гъурщиде рахун руго. Белтал хиралъиялъе гIилла МахIачхъалаялъул авиалиниязул нухмалъиялде цIидасанго ГIумариев Мирза вачIиналдаги хурхинабулеб бугоан интернеталда хъвадарулел дагъистанияз.

Даниял Алхасов, Abu Said, Ислам ГIабдулбегов ва цогидал блогераз хъвалеб бугоан МахIачхъала тун батIиял шагьаразда роржен учузаб бугин, хIатта къватIисел пачалихъазде роржинегицин гIемерго учузаб бугилан. "Дагъистаналъул журналистал" абун фейсбукалда гIуцIараб къокъаялъ гьеб ахIи-хIур бахъинабидал, "Ред Вингз" компаниялъул бетIергьан Александр Лебедевасгицин кьуна жаваб жиндирго блогалдасан.

Гьезул белтал бищун учузал рукIана. Амма лицензия нахъе босун хадуб гьезул компаниялъ хIалтIи чIезе тана.

Гьедин блогер ва журналист Зарема ХIасановалъ лъазабуна монополиялда данде къеркьолеб федералияб хъулухъалде ритIизе фейсбукалдасан гъулбасал ракIареян. Democrator.ru сайталдеги раккун анкьицаго гъулбасал лъолел рукIана дагъистанияз. Гьелъул магIна ккола жал авиабилетал хиралъиялда данде ругин абураб.

Гьедин блогерал гъулбасал ракIаризе лъугьиндал, журналисталги ракIарун пресс-конференция кьуна Дагъистаналъул аэропорталъул нухмалъулев Мирза ГIумариевас.

Мирза ГIумариев: "Дида ккола МахIачхъалаялъул аэропорталде роржунел компаниял дагьлъиялда бараб бугин белтал хиралъиян. Лъица гьел дагьлъизарурал? Жалго жидецаго. ГIалхул хIайваназги гьабула гурищ гьединго - къуватаз загIипал къезарула, нахъе гъола. "Ред Вингз" -алъухъа лицензия нахъе босидал, хутIана "Газпром Авиаги" "Вим Авиаги". Гьезда бихьана тIокIал жидее конкуренция гьабизе компаниял гьечIолъи, гьединлъидал гьез тIаса бищана жидеего хайир бугеб тарифги".

Анкьида жанир Дагъистаналъул интернетчагIаз рорхарал суалазул бицунаго, гьаниб тIаде жубазе бегьула гендерида сверухъ лъугьараб ахIвал-хIалги. 11 апрелалда Генуреги рачIун гьурмада маскаби ххурал аскарияз росулъ кьвагьа-гIанхъи гьабиялъул баян фейсбукалде бищун цебе ГIизудинил ХIамзатица рехана. Гьеб баяналда рекъон, "низам цIунулел рачIун руго кIикъого рагъулаб автомобилалда.

Цо-цо хасал хъулухъазул информалатаз лъазабулеб букIана Генуб росдада гIагарлъухъ МухIамад Сулеймановасул изну гьечIого яргъид гIуцIараб къокъа сверун ккун бугилан (Кавказалъул Имараталъул Дагъистаналъул вилаяталъул къади ккола гьев).

Гьел рохьилазул цояв чIванин ва кIигояв лъукъун вугин баян кьолеб буго хасал хъулухъазул сайталда. Шураса аскариязул цIиял къокъаби рехулел руго рагъ бугеб бакIалде.

"Герой Кавказа - 2012" абун интернеталда "Кавказский узел" агентствоялъ тIобитIараб конкурсалда тIоцебесеб бакI щвана Хасавюрталдаса адвокат Сапият МухIамадовалъе. КIиабилеб бакI кьуна Шималияб Гьириялдаса блогер Алан Салбиевасе, лъабабилеб - Чачаналдаса журналист Исрапил Шовхаловасе.
XS
SM
MD
LG